Кванихиб росо

Ц1авбзазул моц1рохъ цин, хиял лъурав дун, хиялал дур гьарун, свакалев вуго. Чахъаги мун дир хирияб Ват1ан Кавнхиб росо. Дир рух1алъул х1ухььел! Дир къечалъул иц! Дир вакъиялъул мугь! Алх1амду реце дир нусабго лагаялъу Рах1матав Аллагьасе, кванхиб росдада бакьулъ дун вижарав! Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан, Мун разияб гьеч1ищ дур васасдаса? Мустах1икъав вугищ дун дур ц1аралъе, Ц1адулъ парпадулел дур байрахъазе? Дун т1аса лъугьуна хиянаталда. Хасал г1адамазда гьоркьоб бук1унеб Амма Ват1аналъе хилиплъарасе Холелъулги дица наг1ана кьола.
Back to Top