Группа “Дылым“ - Тавбу шейха Саида-афанди (КЪУДДИСА СИРРУХУ)

Астагъфируллагь, РахIман, тIолго мунагьаздасан, Мун рази гьечIебщинаб фигIлу-къавлуялдаса, Дудаса ракI гъафуллъун кIалъараб кIалалдаса, Бахъараб хIетIалдаса, бегьараб квералдаса! Мун разияб горелде балагьараб бердаса, РагIизе хIарамалде гIин тIамун чIеялдаса, Дудаса ракI гъафуллъун биччараб хIохьладаса, Дун квешлъи гьабулесда тIад рекъон чIеялдасаI АМИН
Back to Top